ГIадамал гъоркьлъалие росула террористаз. Щалха кколел гIадамал лагълъиялде руссинарулел? «Альтернатива» абураб гIуцIиялъ эркен гьавун вуго Дагъистаналда 18 соналъ лагълъиялда вукIарав Мурманск шагьаралдаса чи. Гьелъул нухмалъиялъул бетIер ИсмагIилов Закирица абулеб буго, гIадамал лагълъиялде росулез Дагъистаналъе зарал ккезабулин террористазго гIадинин.
Такъсирияб къукъа гIуцIиялъул ва гIарац бикъиялъул щаклъи букIиналда бан туснахъ гьавун вугев Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул вукIарав депутат МухIамадов МухIамадил гIагарлъиялъ лъазабулеб буго цIех-рех букIине кколедухъ унеб гьечIилан. Хасал идарабазул хIалтIухъабаз къанун хвезабулеб бугин, батIи-батIияб багьанаги батун гьез жидер рокъоса гIемераб къайиги гIарацги бикъанилан.
Цолъалараб миллатазул гIуцIиялъул данделъиялда халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Артикль-19» абураб идараялъ тIалаб гьабуна журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул ишалъул цIех-рех халат бахъинаби. Гьеб идараялъул вакилзабаз кIвар буссинабулеб буго Россиялда журналистал чIваялда хурхун цIех-рех тIаса-масаго унеб букIиналде. Гьединазул цояблъун рукIкIунеб буго гьединго АхъIмаднабиев чIваялда хурхун рагьараб ишги.
Лаваша мухъалъул бетIерасул рищиял рукIине кколедухъ тIоритIичIилан абун диванханаялде гIарз хъван буго «Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъиялъ. Дагъистаналъул рищиязул идараялъ лъазабулеб буго гьез мекъал, кьучIгьечIел гIайибал чIвалел ругин рищиязул идарабаздайилан.
Дагъистаналъул Табасаран мухъалда кIиго къоялъ халат рахъунел руго хасал тадбирал. Къуваталъул идарабазул баяналда рекъон гьел тадбирал тIоритIулаго чIван вуго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул кIиго гIахьалчи. Гьездаго цадахъ рукIарал цойгидал ралагьулел руго низамцIунулез.
Гьал къоязда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ Буйнакскалдаса чияс жеги балугълъиялде яхинчIей ясалда тIад хIал гьабиялда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. ЦIех-рех лъугIизегIан гьев чи туснахъ гьавун вугин, ясги тохтурзабаз хал гьабизе азарханаялде ячун йигин лъазабулеб буго хасал идарабазул вакилзабаз.
Талат къоялъ МахIачхъалаялда гьоркьобе унеб Шамхал росулъ тIобитIана 3 сентябралда чIварал гьеб росулъа 5 васасул гIагарлъиялъулги, жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабазулги дандчIвай. Гьениб чIваразул гIагарлъиялъ низамцIунулездаса тIалаб гьабуна букIана гьел гIолохъаби чIварал чагIи ралагьейилан, ва гьеб ишалъул цIех-рех кин унеб бугебали жидеда лъазабейилан.
Гьал къоязда хъулухъалдаса вахъун вуго МухIарамкент мухъалъул прокурор. Гьес хIалтIи теялъе гIиллалъун кканила, дагьаб цебегIан гьесул васаз чи лъукъиялда хурхун, гьезда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьийилан рикIкIунеб буго экспертаз.
7 сентябралъул радакь кIиго тIубараб гIадаб мехалда Дагъистаналъул Гъизилюрталъул шагьаралъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб къотIноб кьвагьизабун буго кванил нигIматал ричулеб тукен. ГIадамазе зарал ккун гьечIо.
Сордоялъ бараб чваххун цIадал хIасилалда МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Талги росдал 2 азарго чи лъимги, газги токги гьечIого хутIун вуго. Гьединго цIадаца хвезарун руго росулъ ругел нухалги, лъим кIанцIун буго гIадамазул рукъзабахъги. ЧIвахун цIадазул балагьалде Дагъистан жеги хIадураб гьечIо.